***

Буго сверун дир г1акълу,
Г1адаллъулеб буго рак1.
Саваб щибаб цох1о дуй,
Дир пикру хисарай яс

Дир каранда ц1а лъурай,
Ц1аданив дун рехарай,
Хабал г1акъуба кьоге дий,
Кьалда вугин вунх1ун унев.

Гурх1ел щибжо лъалариш,
Лъалхъе гьабе гьуин чи,
Черх бугин сородулеб- берцинай.
___________

Буго маг1у хулулеб,
Халкъалдаса нечедал,
Духъе ккараб рокьуца,
Рух1 буго бичун унеб .

Дир каранда ц1а лъурай,
Ц1аданий дун рехарай,
Хабал г1акъуба кьоге дий,
Кьалда вугин юх1ун унев.

Гурх1ел щибжо лъалариш,
Лъалхъе гьабе гьуин чи,
Черх бугин сородулеб- берцинай.

Дир беразе канлъи Мун,
Г1умруялъе бакъги мун,
Мунин угьдулев тоге- берцинай.


Рецензии