Счастье

Эркенлъи г1оларого лагълъи балагьулеб рак1,
Рах1ат бич1ч1уларого х1алт1и ц1ехолел лугбал.
Х1ат1ил гудур байч1ого ч1ч1олареб г1амал кинаб,
Горболъ Чангит гьеч1ого бегьулареб пикру щиб.

Дида щай бихьулареб аск1обго бугеб талих1,
Къимат щай гьабулареб щварабго икъбалалъул?
Йокьуларесухъ г1одун г1аданиб къунеб маг1у,
Рик1к1унаресда хадуй хадур свакалел кверал.

Талих1илан ах1долаго унел руго гьал къоял,
Икъбалилан гьарделаго гирулел ругин сонал

Дие кьун бугеб талих1 щиб кьуни боссе к1олеб,
Дида лъан бугеб х1алхьи лъил тукада бихьараб.
Г1ахьалаб гуронани маг1ишат бегьуларищ,
Чидай хъулухъ гьабич1еб гьаб г1умру рик1к1унарищ?


Рецензии