Рилълъа дунгун цадахъ гъуниб маг арде!
Гъалбац;ий къор гъурал къадал рихьизе.
Къоло щуго сонил сапар лъуг;араб
Сангаралде рахун рак;ал чучизе.
Рагъулаб гьалмагълъи хияналъидал
Халкъалъ рехун тарав Имам вахараб,
Ахираб мугъ ч;вараб маг;арде унеб
Меседихъ бичараб сухъмахъ бихьизе.
Сверун ккун гавураз гуккарав Имам,
Гориниве ккараб галан бихьизе.
Гиназ жиндир раг;уй хияналъараб
Хилипаб махил рохь бихьун чучизе.
Боржаздехун руссун бут;рулги къулун,
Бут;а щвагийилан щуризе дуг;а.
Шамилил ахираб тахшагьаралда
Тарихиял лъалк;ахъ лъалхъи гьабизе.
Лъеберсонилаб рагъ лъуг;иналъулаб,
Лъугьа - бахъин ккараб колоде щвезе.
Кавказ сардарасул сих;ру бергьараб,
Сверухъ сих; къот;арал сиял рихьизе.
Бухьинин цо сапар Т;асагъунибе,
Т;абиг;ияб хъала хъиргъуялъ тараб.
Хъинсазухъ ралагьун пашманго ругел,
Парсазул сах;их;аб хабар раг;ине.
Ч;ух;и къурбан гьабун къадруяв Имам,
Къват;иве вахъараб хъала бихьизе.
Хъах;аб чалма, чухъа рекъарав къирал,
Ракълий разилъараб росулъе щвезе.
Рохьил талаялда тарихалъулаб,
Лъугьа - бахъиналъул лах;зат бергьараб.
Имам генералгун гара - ч;варараб,
Ганч;ихъ эхетун ч;ун угьизе х;ухьел.
Амир тушбабигун ч;ух;ун к;алъараб,
Ч;ик;аса бах;арчи х;адурлъун ч;араб,
Х;урмат ц;унун Имам асир гьавураб,
Ахир рагъуй лъураб рац;ц;алъиялде.
Мунапикъзабазул кумекалдалъун
Капурзабаз Амир кверде восараб,
Кавказ мут;иг;лъарав муг;рул ц;умасул,
Муруват бергьараб байдан бихьизе.
Сиртаз сверун ккураб расалъиялде,
Решт;инин г;одоре г;едег;ич;огон.
Г;андалазул муг;руз маг;у т;олаго,
Имам т;овит;араб т;алъиялдасан.
Рилълъа дунгун цадахъ Гъуниб маг;арде,
Гъалбац; асирлъараб ссанда бер ч;вазе.
Сиртал т;аде къулун къваридго бугеб,
Къисмат тарихияб тахшагьаралде.
Раха нуж борхатаб Гъуниб маг;арде,
Гъазизабазухъе зиярат гьабун.
Занал ч;варал хобал гьеч;онаниги,
Хваразул рух;азда рихьилин хьулгун!
_Октябрь, 2020 с._
© *САИД ОРДАШОВ*
Свидетельство о публикации №120101708502