мысли

Раисат
Рокьи бук1ани щиб къадар хъваниги щиб,
Цоцахъ урхъаниги нилъ аск1ор  щоларел.
Рух1г1анги цоцазе вас хиралъани щиб,
Гьал хиялаз  рик1к1аде рехулелъул нилъ.

 Ибрашка
Йо Цох1о къо аниги духъ урхъулев  дун,
Гьаб рокьи кин бикьулеб цойги ясалде?
Саг1аталъ кват1идал гьалдолеб дир рак1ги,
Гьаб балагьиялъ нилъей къорцин гъеладай?

Раисат
Маг1ил бералги ц1ун дун г1одананиги, 
Я Г1амал берцин дуца санго кьоларо
Сариназул къвач1а дуй ч1ех1ананиги,
Ч1ван къот1араб каламги кинго бицинч1о.

Ибрашка
Сордо бач1аниги щоларо макьуги,
Рик1к1ада йигей мун цееги т1амун,
Т1ад юргъан баниги хинлъуларо черхги,
Чапун унеб буго ургьиб гьинал рак1ги.

Припев Ибрашка
Шулалъайги Раисат нилъер рак1азулъ рокьи
Бергьаги гьудул балай диралдасаги ц1ик1к1ун.
Припев Раисат
Рокьи кьоге Ибрагьим дунги тун цойгидалъе
Хисизе тоге гьудул кинго дуца хасият


Рецензии