Х абиб нурмух амадовасде
Ц;ар т;ибит;ана дур т;олго ракьалда.
Т;олабго улкаго ч;ух;изе гьабун
Ч;вана дуца байрахъ борхалъи бищун.
Боржанхъана х;инч;лъун Х;абибил гьунар,
Х;ули меседилал куркьбалги хьваг;ун
Кавказ х;айранлъараб, х;асрат бергьараб
Х;асил рохалилаб хабарги босун.
Хирияб т;алъидул т;огьал ч;ух;араб,
Т;ибит;ана рохел рогьалил г;ужалъ.
Рорхатал муг;рузда бергьенлъи баркун
Баккана гьимигун гьумер бакъулги.
Рингалъулав король Конор Макгрегор
Квегъана аварас айгъир кинигин.
Ирландазул "къирал" къвек;аб ц;умица
Къвалакье гьин рехун гьавуна мук;ур.
Бергьенлъи босараб меседил рачел,
Муг;рузда борчана черх бацизабун.
Чармил кьурабазе кьуна сайгъатлъун
Сверухълъи бахилаб, багьа хирияб.
Бахана т;адег;ан т;алъиялъул ц;ар
Т;олго халкъазе гьеб хаслъана жеги.
Хадусел г;елазе г;асрабазего
Г;ураб мисал тана тарихалъулъги.
Гьарщ-гьарщараб т;агъур т;олго дунялалъ
Т;адег;ан гьабуна гьунар дур т;атун.
Т;олазего г;ураб талих;аб рохел
Такрарлъич;еб тана тарихалда гъорлъ.
Октябрь 2018 сон
САИД ОРДАШОВ
Свидетельство о публикации №120101100248