рокьи

Дунялалда рокьи диени кьеч1о,
Рокьулъ чверданиги вокьулев щвеч1о.
Щваниги щиб гьанже дие доб жужах1,
Жаниса бух1ич1еб бак1 дир хут1ич1о.

Ракьалда гьаб дир рух1 сверананиги,
Сун ана г1умродул сун ана г1умродул.
Гвангъулеб чирахъ.
Чара хвеялъ г1умро чара хвеялъ г1умро
Гьабунаниги.
Гьаваялда руго гьаваялда руго
Дирни хиялал.

Гьанже роха абе гьанже рохха абе,
Дол жах1да чаг1и.
Гьай Динарал гьанже гьай Динарал гьанже,
Талих1 къун бугин.
Жеги кьурде абе жеги кьурде абе,
Дол къоролзаби.
Дир къвалакьан хъиргъу дир къвалакьан хъиргъу,
Боржун ун бугин.
Г1умроялда жаниб г1умроялда жаниб,
Цоц1ул жиб кколеб.
Жакъа хабалъ лъуна жакъа хабалъ лъуна,
Хирияб рокьи.

Хвараб рокьиялъе хвараб рокьиялъе,
Занал ч1ванани,
Мег1ер г1адаб зани мег1ер г1адаб зани,
Дир рокьуй ч1ч1ела


Рецензии