эбелалъур рак1

Огь эбелалъул рак1, эбелалъул рак1
Нужода раг1унги батизе буго
Цо муг1рул васасул г1олил ясалъухъ
Г1ишкъу ккун раг1ула берцинай гьалъухъ

Амма чанк1к1арай яс гьелъ абун буго
Бахъун эбелалъул рак1 дихъе кьеян
Жакъа гьебги босун мун вач1инч1они
Жи дуе кидаго яч1ине гьеч1ин

Рокьуца г1адлъарав лъавуд гьеч1ев вас
Гьагъаб сардилъ вахъун чи кьижаравго
Чирахъул канлъухъе эбелалъул рак1
Хахараб керен сун бахъун раг1ула

Сородулел квераз кодоб гьебги ккун
Гьев йокъулелъухъе вач1унеб мехалъ
Ганч1ид х1ет1е тункун г1одов ккун вуго
Керен ссун бахъараб рак1 бортун буго.

Гирун унеб буго эбелалъул рак1
Гьалъ гьикъулеб буго гьанже васасда
Вай дир хирияв вас ц1акъ кьабарабищ?
Талих1 кьун вохаяв квеш унтарабищ?

Гьагъале нужое эбелалъул рак1
Цо-цо льималазда гьеб бич1уларо
Чанги г1амал к1одо йихьана дида
Рехун эбелги тун тира сверулей

Маг1арул росабалъ данд ч1вана дида
Гьездаса хьул къот1ун къварид хут1арал.


Рецензии