ДИР РЕК ЕЛ БУХ И
Ч;унтун буго гьанже бух;улеб каранлъ.
Бах;арзаз ц;унараб ц;умазул т;алъи,
Ц;огьол къоронибе къулулеб бихьун.
Къабих;ал ишазе шагьрабиги щун,
Щущан дур борхалъи биххулеб бихьун.
Бах;арчилъи хвараб, халкъ заг;иплъараб,
Хиянатаб заман загьрулъун лъугьун.
Зах;малъи, къварилъи къезе гьабулеб,
Къуркьи-къули лъач;еб, къадру борхатаб,
Къвак;и умумуца ирсалъе тараб
Инсул т;алъиялда т;аг;унеб ях;алъ.
Т;алъидул т;огьазул т;агъралги мерхьун,
Т;асан галаби лъун гочунез гъолеб,
Гудракь чанил г;адаб чара хвараб х;ал
Чанги х;урматияс х;ехьолеб бихьун.
Х;алихьатаб къавмалъ къимат хвезабун,
Къулизе т;амулел т;огьахъ валагьун.
Т;огьолъ решт;ун т;ут;аз т;уризабураб
Т;алил найил гьац;ул гьеч;олъиялъги.
Т;ад ц;умал сверулеб сверухълъиялда,
Сент;олел хъурмаца хъарсунеб бихьун.
Хъач;ал кьурабазул нохъахъ рахчарал
Нухъабаз т;аделъун т;у-т;улеб бук;ун.
Кепкахъ ях; бичулеб, чвантий х;елулеб,
Чанги г;узрабаца г;адлу биххараб,
Г;аданлъи чарлъараб, чилъи дагьлъараб,
Чороклъи гьарзаяб гьаб заманаялъ.
Г;асрабаз наслабаз ц;унараб намус,
Ц;ияб г;елалъ г;адлъун гьабулеб бук;ун,
Г;урус г;адатазе чагъана бачун,
Чучулеб къвал бихьун къараб умумуз.
Къадруял муг;рузул г;урччинал щобал,
Щай цо рахъалдехун щинк;улел ругел?
Щулиял кьуч;азул чармил кьураби,
Кьват;ун жагъаллъулел ругел щай жакъа?
Дагъистан дур ц;аралъ ц;илъулеб дир рак;,
Ц;а рек;ун бух;улеб буго каранзулъ.
Бах;арчилъи, чилъи, чорхолъ ях; намус
Язихъаб замана зулмулъун лъугьун.
САИД ОРДАШОВ
Свидетельство о публикации №120090600859