С днем рождения племяшка

Мах1 берцинал т1угьдулги риидал рижулелъул  ,
Т1угьдузулъан йищарай йиго нижей Хадижат  ,
Бищунго талих1 кьурал риидал т1егьалелъул  ,
Т1егьан яч1ана нижей ц1ар берцинай Хадижат .

Мун гьаюраб къо баркун руго раг1аби хъвалел ,
Бищунго т1адег1анал  , бищунго мустах1икъал  ,
Дуе сахлъиги гьарун буго сарин гьабулеб  ,
Гьарзаго жиб раг1улеб гьал щобалгун муг1рузда.

Биччан те дур г1умрудул г1анч1ал гьел  сверабазда  ,
Сангарал ратич1ого цеехун мун къокъине  ,
Къойилго роххел ц1ик1к1ун  баракатги г1емерлъун  ,
Г1аламго бахиллъараб г1умру дуца т1амизе.

               Автор:  Махмуд Давудгаджиев;Спасибо вацок


Рецензии