Г1умру бук1ун буго гьадингояб жо
Гьалагаб г;орлъун жиб г;едег;ун унеб.
Г;азулъун чапулеб, чвахун т;аг;унеб,
Чанги г;узрабаца г;адан зурулеб.
Г;умру бук;ун буго гьадингояб жо,
Гьабулаго унеб инаго толеб,
Араб батулареб, тараб щолареб,
Тохлъукье т;ерхьунеб, т;ад буссунареб.
Тира-сверулаго сапар лъугьунеб,
Сухъмахъал г;емераб, г;адан гуккулеб.
Г;олохъанлъиялъул г;акълу г;олареб,
Г;онсоде ккаравго кват;ун ватулеб.
Г;умру бук;ун буго гьадингояб жо,
Гьаваялда нак;к;ул парча г;адинаб,
Пири пирхизабун, зоб гъугъазабун,
Заг;иплъун, гьит;инлъун гьороца унеб.
Лъимерлъи лъач;ого лъугьун батулеб,
Лъай бижаралдаса боржун зунулеб.
Нилъ к;одолъанаг;ан жиб гьит;инлъулеб,
Жиндилъ кват;анаг;ан кодоблъи унеб.
Г;умру бук;ун буго гьадингояб жо,
Гьоц;олъун кьуниги ц;амлъун батулеб,
Ц;алъун рек;аниги рорилъун ссунеб,
Рахъулъунги хут;ун хадуб т;аг;унеб.
Г;умру бук;ун буго гьадингояб жо,
Гьабизе х;иллаяб, х;асил макруяб.
Х;аракат банаг;ан х;ал хьундаллъулеб,
Хьул халалъанаг;ан хивал къокълъулеб.
Г;умру бук;ун буго гьадингояб жо,
Гьудуллъи г;арцулаб, г;аданлъи чараб.
Г;агарлъи гьадилаб, гьалмагълъи рек;к;аб.
Рик;к;ун къоял кьураб, къисмат лъалареб.
Нух т;аса бищизе ихтиярги кьун,
Ахираталде нилъ унеб сапарлъун.
Инсан сухъмахъазулъ саяхъ гьавулеб,
Сардил макьуялъул маргьайин кколеб.
Г;умру бук;ун буго гьадингояб жо,
Гьоболлъухъ лъалхъараб лъалареб бак;алъ.
Авал рохалилаб ахир пашманаб,
Ахираталъ хисун ханлъи босулеб.
САИД ОРДАШОВ
июль 2020 сон
Свидетельство о публикации №120071806266