Шамилил наиб, ичич1алиса къадиде

Дагъистаналда ислам
Язихълъуде кколелъул,
Ярагъ борчун, чалма къан,
Чу кьолорав багьадур.

Чучлъун унеб шариг;ат
Щула гьабизе хвалчен,
Щулаго борхун ккурав
Бакълъулазул бах;арчи.

Бечедал ханзабазул
Зулму рехулеб мехалъ,
Зулпукъар къват;ибе ц;ан,
Къвек;аб ц;умг;адин ч;арав.

Къосаразул къавмазде
Халкъалъ данде г;уц;араб,
Динияб къуваталъулъ
Къиматалда вук;арав.

Купрудул асирлъуде
Ислам кколеб заманалъ,
Имамасул ах;уе
Х;адур ватарав тулпар.

Х;акъаб нухде халкъ ц;азе
Хвалчен къват;ибе ц;арав,
Хвалил пикру гьаби тун,
Тушбабигун вагъарав.

Ахтигун Табасаран,
Таргъугин Агъачалда,
Аргъутил аскаразул
Биял г;одоре т;урав.

Бергьенлъаби насибал
Наибазул кьерилав,
Кьалулал байдабазда
Бодулазул цевехъан.

Бичасул дин ц;унулеб
Ц;адулаб заманалда,
Ц;ар халкъалда раг;арав
Рит;ухъав маг;арулав.

Рагъул гъазаваталда
Гъунибгун Ах;ул гох;да,
Имамасул хьолбода
Хьваг;араб дуца хвалчен.

Хьвадарал сапаразда
Сардарасул аскарал,
Свин гьеч;еб дур къвак;иялъ,
Къазе гьарурал нахъе.

Къоло щуябго соналъ,
Свак лъач;ого вагъарав,
Сабураб къеркьеялъулъ
Къвал чучизе биччач;ев.

Пачаясул чукъбузда
Чучизавизе к;веч;ев,
Рак;ал чарал къавмазда
Къвак;и бихьизавурав.

Бищунго пачаясе
Х;инкъи бугел наибалълъ,
Х;ажимурадил бицалълъ
Бук;араб Къадилги ц;ар.

Хьиндал вилаяталда
Ворхалъарав бакълъулав,
Вахараб борхалъуда
Бергьенлъабаз къвал ц;урав.

Ичич;алиса Къади,
Къуркьи лъач;ев багьадур,
Бах;арчияв наиб-ан
Наслабалълъ бицен тарав.

Бакълъулазул ч;ух;илъун
Ч;аго хут;араб дур ц;ар,
Ц;умазул борхалъуда
Бук;ина ц;унун даим.

САИД ОРДАШОВ


Рецензии