Г1агараб т1алъи

Россия сверана, Сочи тирана,
Сибиралъул рохьал рихьизе щвана,
Рахьдал мац; бицунеб берцинаб т;алъи,
Т;абиг;ат дур г;адаб батич;о дида.

Батуми, Сухуми сверананиги,
Сасинч;о рак; росдал къват;ахъ г;адинан.
Къват;иб киг;ан къимат х;урмат щваниги,
Х;алхьи рек;ей щвеч;о росулъ г;адинаб.

Лондон, Парижалъул парказдасаги,
Парсаз сверун ккурал ссанал рищила.
Санкт-Петербургалъул проспектаздаса,
Панзил рак бакъварал къват;ал рокьила.

Къиралазул гучал хъулбузухъ дица,
Хъач;ал дур кьураби кьеларо хисун.
Кьер-кьерал т;угьдузул, т;огьал г;азулаб,
Т;аг;амал иццазул умумузул ракь.

Унго берцинлъи дур т;абиг;аталъул,
Т;ад г;умру гьабулеб гьаб дир халкъалъул!
Халикъас ц;унараб, ц;умаз ч;ух;араб,
Ч;ух;ула дудасан дун маг;аруллъи!

САИД ОРДАШОВ


Рецензии