Г1агараб гумбет

Бакъул гьумералъул гьайбатаб ц;аралъ,
Ц;валъун кидаго жиб кенч;езабулеб,
Каранда росабаз бусаби лъураб,
Бакълъулазул т;алъи т;егьай абе мун!

Т;огьоца бацараб, г;алах бечедаб,
Г;урччинал рохьазулъ т;ерхьун бахчараб,
Т;абиг;ат гьайбатаб, гьава рекъараб,
Гьаб дир т;алъиялда лъеги баракат!

Лъик;ал г;адамаца г;умру гьабулеб,
Г;асрабалълъ лъалк;ал тун, лъадари щвараб,
Лъалхъе нуж гьоболлъухъ гьаб дир ракьалда,
Гьелъул х;урматалъул х;айранлъи щвезе!

Х;икмат берцинлъидул бицун лъалареб,
Бихьун хьиндадаса хьул буссунареб,
Хьулаз т;аде ах;ун асир гьарулеб,
Ах;изе те куч;дуз кидаго дур ц;ар!

Муг;рул ц;умазулъги ц;арал камич;еб,
Ц;вабилъун кенч;олез канлъи бакараб,
Ккараб къо борхулел бах;арзал г;ураб,
Бук;а кидаго мун кунч;араб ц;валъун!

Бац;адаб гьаваялъ, гьуинал иццаз,
Инсанасул г;умру г;ат;ид гьабураб,
Г;аданлъи ц;унараб, ц;аралъ ч;ух;араб,
Ц;иял бергьенлъабаз байги дуда къвал!

Берцинал г;адатаз г;умру куцараб,
Г;ат;идал рак;азул г;адамаз ц;ураб,
Г;адлу-низам бугеб, намус ц;унараб,
Маг;арул г;адатаб г;агараб Гумбет.

Г;урул чвахиялъул чвалхи-гьулчиялъ,
Чармил кьурабазул кьуч;ал чурулеб.
Кьер-кьерал ахазул пихъал гьарзаяб,
Пирилъун гвангъеги Гумбеталъул нур!

Рух;ияб агьлуялъ ахал лъалъалеб,
Уст;арас баракат насиб гьабураб.
Наслабазе г;акъил Г;алих;ажияс,
Г;акълу ирсий тараб умумузул ракь.

Ват;ан ц;унулелъул ц;адулъ х;ал лъараб,
Ц;вайил борхалъуде бах;арзал щолеб,
Бичасул диналъулъ даим щулияб,
Дир г;агараб Гумбет гвангъизабе нур!

Бокьула дие мун хирияб т;алъи,
Хасго дур халкъалъул хасият-г;амал.
Хивалаз вачун дур т;алъиялда дир,
Т;урала анищал аваданаб ракь.

Кумек х;ажаталъуб кверал х;адураб,
Кверзул махщалилаз машгьур гьабураб,
Машгьураз миллатго ч;ух;изабураб,
Ч;ахъаги г;агараб дир Гумбет район!

САИД ОРДАШОВ


Рецензии