Г1агараб росу

Дир г;агараб т;алъи т;адмаг;аруллъи,
Т;огьолал байдаби, берцинаб доб рохь.
Рохьор жанир ругел ц;орорал иццал,
Иххаз, лъараз кванан лъугьарал к;к;алал.

К;к;алабахъан эхе чвахулел лъарал,
Лъималаца гьенир гьарулел х;орал.
Х;айранлъизарулел х;анч;азул бакънал,
Бакълъазда, муг;рузда ч;оролидул кеч;.

Ч;еч;ого гох;азда ах;долеб гагу,
Гох;-щобазда т;адги т;авусил бакънал,
Т;алабалъ мокъокъаз гьабулеб къвакъвай.
Гьеб киналъго рек;ей гьабулеб асар.

Борхатаб маг;арде данде буссараб,
Бакъуде керен кьун кьурда мугъ цураб.
Цебе нак;к;ил рохьалъ раг;ад рехараб,
Раг;уна беццулеб берцинлъи г;емер.

Рорхатал сиртаца сангар т;амураб,
Сверухълъуда мегъал т;огьолъ рацарал,
Т;абиг;ат гьайбатаб, гьава бац;ц;адаб,
Берцинаб бак;алда буго дир росу.

                ***
Росдал раг;аллъуда лъабго бак;алда,
Лъабнусго сон барал руго хабалал,
Хвел гьеч;ел бах;арзал жудер занахъан
Жеги ругин кколел ралагьун нилъехъ.

Ц;ар кьурди-кеч;алъе кибго раг;арал,
Кверзул махщалица машгьур гьарурал,
Маг;арул ях;-намус бац;ад ц;унарал,
Ц;умазул рихьула ц;арал заназда.

Руго "К;анчилъ" сиял к;инус сонилал,
К;удиял рагъазул ругънал сахлъич;ел.
Сверухъ биххун бугеб бихьула гамач;,
Баччараб руччабаз мугъаздаги лъун.

Магъилъе хьвадулеб хьунлъул свераби,
Хьунлъидул ссаназде сардилъ кколеб щуб,
Щолеб чанц;улго гьеб диде рак;алде,
Рак; дир чанц;ул щолеб гьеб киналдего?

Дир г;агараб т;алъи т;ад Ичич;али
Т;аса бищула мун кидаго дица.
Дир лъимерлъиялъул лъалк;ал хут;араб,
Хут;ила мун рек;елъ даим кидаго.

САИД ОРДАШОВ


Рецензии