Огь, бач1араб замана

Бач;ун буго замана
Зурмил гьаракь къот;араб,
Къолол к;ут;и т;аг;араб
Т;армилги ч;ваби т;ураб.

Т;орит;и бертабазул
Банкетазде буссараб,
Байрамалъул къоязул
Къимат бортизе тараб.

Бертадул тадбир хвараб,
Тарбия рехун тараб,
Тарихалъулъ къосараб,
Къисматалъ гудур гъураб.

Годек;аби ч;унтараб,
Ч;арай хурзал руссараб,
Руччабахъе квелъ щвараб,
Кверде бихьинал араб.

Кинабго г;адлу хвараб,
Г;адатазул сси хвараб.
Сух;маталъул кеп хвараб,
Кепказул къимат хвараб.

Халкъалде унти ккараб,
Ургъелал г;емерлъараб.
Г;адамал рикь-рикьараб,
Рокьи цо-цазде хвараб.

Ихтиярал г;емераб,
Г;умрудуй ресал дагьаб,
Рек;елгъей гъапуллъараб,
Гъурщица щекъер ккураб.

Шокъазул къадар г;ураб,
Къварилъаби г;емераб.
Г;адамал ццидаллъараб,
Цоцазулъ ях; дагьлъараб.

Кинабго жо гьарзаяб,
Гьардохъабазул ц;ураб,
Гьереси т;аде ккараб,
Т;алъи хъачагъаз ккураб.

Т;огьода т;ут;ал ч;араб,
Т;алил най ч;ах;илъ ккараб.
Ч;вадари г;емерлъараб,
Г;аданлъи хьадарлъараб.

Чороклъабаз квелъ бараб,
Квешлъабаца заз бараб,
Заралиял жалаца
Жиб кодобе босараб.

Бач;ун буго замана
Залимазе мут;иг;аб,
Мискиназе зах;матаб,
Заг;ипазе къваридаб.

Къварилъаби г;емераб,
Г;унгурт;аби ц;ик;к;араб.
Г;узрабаз г;ажизлъараб,
Г;асилъабаз квегъараб.

Бач;ун буго замана
Занал ч;ух;арал ч;валеб,
Ч;ух;изарурал хобаз
Хабалал ч;ах;алъараб.

Ч;ван холезул хвелаца
Херазулаб к;очараб,
К;удиял балагьаца
Бут;рул дализарураб.

Дунялиял пикрабаз
Пашманлъи къинабураб,
Къварилъи-г;ат;илъидулъ,
Г;орхъиго гьоркьоб гьеч;еб

Гьурмай г;оло хьвадулеб,
Хьолбода рахъун ч;олеб,
Ресукъасул къо борхи
Къабих;лъиялде ккараб.

Кутакал хъулбиги ран
Хъаравулзаби толеб.
Хъант;арал х;акимзабаз
Х;укуматго кваналеб.

Кавуда къоно балеб,
Къват;исан к;улал ралеб,
К;алт;е решт;арав гьобол
Гьенисанго рег;улеб.

Сордо бан ч;олев гьобол
Гьараниги щолареб.
Гьудул-гьалмагъзабицин
Цоцазде рег;улареб.

Бач;ун буго замана
Зодор ц;ваби ц;ик;к;араб,
Ц;вабзазул кунч;и свараб,
Канлъи ц;вах;дабаз кьолеб.

Даруял иццазулъе
Иххил лъарал журараб,
Жан бергьарал къункъраби
Къудкузде гъорлъе ккараб.

Къуркъбузул х;оринибе
Х;анкъва лъедезе ккараб,
Х;улаби хъит;араб хъаз
Хъах;макказулъ бихьулеб.

Хъурщине бижанщинаб
Боржинеян лъугьараб,
Боржине бижаралъул
Бажари хвезабураб.

Бач;ун буго замана
Закон бичун босулеб,
Бет;ерлъуда лъай бугев
Лъиего х;ажат гьеч;еб.

Х;ажизаби г;емераб,
Г;алимзаби гьарзаяб
Г;акъилзаби ц;ик;к;араб,
Ц;одораз дунял ц;ураб.

Сундулго къимат гьеч;еб,
Къвариг;анщинаб щолеб,
Къойидаса къойиде
Къанщун баракат унеб.

Балагьал г;емерлъараб,
Г;аламатал т;атунеб.
Т;абиг;атго хисараб
Халкъалъул низам хвараб.

Халикъасул рах;муялъ,
Рух;ияб баракаталъ,
Бет;ергьанасул ц;обалъ,
Ц;уна-къан ч;езабураб.

Огь, бач;араб замана
Зунулеб гьаб г;умрудуй,
Г;ей г;адамазе гуреб,
Г;едег;и жиндир гьеч;еб.

САИД ОРДАШОВ


Рецензии