Камуна нилъее Нурмух1амадов

Цоги ц;ва т;ерхьана дир т;алъиялда,
Т;олго миллаталъе кунч;и бук;араб.
Камуна ц;умазулъ ц;ар борхатав вас,
Ц;ияб тарихалъулъ талих;аб лъалк; тун.

Мискинлъана миллат маг;арулазул,
Меседил си барав Сильдисев камун.
Свана т;алъиялда т;олгоязе нур,
Т;авап гьабулезулъ гьудул камидал.

Т;уна аваразул рек;елъ цоги т;егь,
Т;аде замана щун мун шапаравго.
Бесдаллъана т;алъи, т;олго Дагъистан,
Дур маг;наяб калам камун хут;идал.

Бухьана дуцаги ахираталде
Ахирисеб сапар, саг;ат т;аде щун.
Сверухълъи халкъазе загьирги гьабун,
Зиярат гьабизе зани нахъе тун.

Къисматалъул нухда къоялги т;аг;ун,
Къанщана дур берал, бесдаллъана халкъ,
Босе дир зигара зонохъ ч;араца,
Заг;ипав лагъасул ярагълъун бугеб.

САИД ОРДАШОВ


Рецензии