С рождением внучки Расулова

Дица жакъа къалам кодой босана,
Керен рак!ги рагьун раг!аби хъвазе.
Дунялго гвангъизе, дур рак! бохизе,
Нужей яс гьаюнин  хабар бач!индал.

Маялда т1егьала т1оцебесеб т1егь,
Маялда рач1уна нахъ руссун х1анч1и!
Маялда рекьула г1адамаз хурзал,
Маялда гьарула берцинал ясал!
 
Саидаго г!адай г!одой йиччарай,
Г!амалги берцинай инсан йик1ина.
Инсул ирс босарай Мух1амад г1адай
Г1аданлъи бергьарай яхъина бабал.

Метер г!алахалде, г!урдаде рилъа ,
Берцинал т!угьдузул квац!и гьабизе
Дуца майданалда, ихдалил къоялъ.
Гьелъий г!умро гьарун, цойги гъвет! ч!ч!везе!


Рецензии