Дие бокьун гьеч1о
Вацлъи хвезабулел харбал раг;ине.
Хварал умумузул адабги рехун,
Авар миллаталъул маг;дин биххизе.
Дие бокьун гьеч;о дир маг;арулаз,
Муг;рузул г;адатал г;адлъун гьаризе,
Г;аданлъигун чилъи чияхъеги кьун,
Чияраб мац; бицун миллат чарлъизе.
Дие бокьун гьеч;о гьаб дир ракьалда
Ракьцоязда гьоркьоб рикьелал ккезе.
Расги пайда гьеч;еб дунял г;еч;ого,
Даг;бадул харбаца халкъ цоцалъ базе.
Бокьун гьеч;о дие даг;ба раг;ине,
Дир миллаталда гъорлъ тушманлъи кколеб.
Толеб дунялалъул дагьаб жоялъухъ,
Даимлъуда щолеб шафаг;ат хвезе.
Дие бокьун гьеч;о диналда т;асан,
Диналъул вацазулъ даг;ба раг;ине.
Дунялалда балеб дагьаб заманалъ,
Даг;ба-раг;иялда къоял рег;изе.
Дие бокьун гьеч;о г;енеккизецин,
Г;елму ц;алич;езул ц;амх;алал харбахъ.
Ц;илъулеб диналда даг;ба балезул,
Данде жаваб гьеч;еб жагьилаб харбихъ.
Дие бокьун гьеч;о г;асрабалъанго
Г;амал бах;арчияб дир миллаталъул,
Къадру ц;унуларез ц;ар къот;изабун,
Къулизе т;амизе т;огьал г;одоре.
Дие бокьун гьеч;о, бокьизе гьеч;о,
Гьудуллъи гьуинаб гьаб дир ракьалда,
Рокьи цоцаздехун ццидаца хисун,
Цадахъ босулареб сабаблъун хвезе.
Хвалчадулаб ругъун ригьда сахлъула,
Раг;уца лъукъараб рак; ц;илъуларо.
Рек;елъ иман бугес ургъел гьабила
Ирсилазе нахъе бекьун толелъул.
Бокьун буго дие ракълилаб г;умру,
Рикъзиги х;алалаб х;алхьи рах;атаб.
Х;алихьалъиялъе наг;ана кьолеб,
Намус ц;унаразул ц;ар борхалъулеб.
САИД ОРДАШОВ
Свидетельство о публикации №120070300667