ДУН КВАТ1АНА

Дица гьуриялда гьикъун бук;ана
Гьудул дандч;вач;ищан, дун гьикъич;ищан.
Гьелъ дий жавабалъе жемун т;адагьго,
Т;амах гъут;буздаса гъенезабуна.

Гъугъадун зобалъги загьир гьабуна,
Заман щолеб бук;ин щенезе ц;адай.
Щурун гьаваялъги гьабуна жаваб,
Жеги гьорол ц;орой ц;ик;к;ине гьабун.

Дица ц;адалда гьеб ц;ехараб мехалъ,
Ц;орол гордудасан гирана маг;у.
Гордо къиризабун къват;ив ваккидал,
Къалъудаса борч;ун батана заман.

Бакъалда ц;ехана ц;ад лъалхъарабго,
Ц;оралъул рахъалъ гьелъ рехана раг;ад.
Радал т;аде вахъун валагьарабго,
Вацулеб г;анси ч;ун г;унун батана.

САИД ОРДАШОВ


Рецензии