Шамиль щив кколев

Имам Шамилидехун ч;орал реч;ч;улел цо-цо г;адамазул к;алъаял раг;арабго, гьезие жавабалъе хъварал мухъал.
_________________________________

ШАМИЛЬ ЩИВ ККОЛЕВ

Шамиль щив чияли лъазе бокьарал,
Лъалхъе Ах;ул гох;да дагьаб лах;заталъ.
Долъул щулалъабаз, щобаз, кьурабаз
Кьела нужей жаваб жудер рахъалъан.

Ралагье сверухъе, сиртаз бицина
Сверун чалма къарав чиясул хабар.
Чанги багьадурас би г;одоб т;урал,
Байдабазги гьезий гьабила нуг;лъи.

Гьенир шагьидлъараз щурила нужей,
Шариг;ат ц;унарав ц;умил х;акъалъулъ.
Ц;ерг;адин г;алахалъ баян гьабила,
Бах;арчияв Имам щив кколевали.

Щибаб ч;имихалъцин ч;ух;ун бицина,
Ч;алг;инч;ого хвалчен лъица хьваг;араб.
Лъарлъун би чвахарал чабхалъ бихьила,
Чанги г;ажаиблъи г;одизарулеб.

Г;урусаз гъурарал гъазизабазул,
Занал гьеч;ел хобаз ц;урал хабалаз,
Халкъ зияраталъе данде бак;арун,
Бицуна х;акъикъат къойил бук;араб.

Къоло щуго соналъ вагъарав Имам
Аварагас гурищ къабул гьавурав?
Къват;ир улкабазул халкъазда гурищ,
Гьесул хвалченалъ нилъ лъазе гьарурал?

Вагъарав гъирадулъ, гъалбац; кинигин,
Гъазават Аллагьас амрулъун гьабун,
Ух;уд мег;ералда Авараг г;адин,
Ах;ул гох;да Шамиль шариг;ат ц;унун.

Шамиль щив чияли лъазе бокьарал,
Лъалхъе Ах;ул гох;да дагьаб лах;заталъ.
Дуг;а гьабун гьаре Бет;ергьанасда,
Баракат, шафаг;ат щваги-ян гьесул!

САИД ОРДАШОВ


Рецензии