Къо-мех лъик1 г1олохъанлъи
Къокъун ана г1умру г1асругун цадахъ.
Г1олохъанлъиялъухъ хераб г1асруялъ,
Хисана ц1иялъе ц1орораб херлъи.
Ана г1олахъанлъи г1анч1лъи ва ч1ух1и,
Ч1ах1ил ц1аялъг1адин ц1вах1ди балаго.
Ц1ах1илаб к1уй хут1ун, хадуб рори ссун,
Рахъдалъ хинлъи г1адаб херлъиялъ хисун.
Хут1ана г1иц1го рак1 г1одулеб каранлъ,
Г1олохъанлъиялда хадуб маг1у т1ун.
Мег1ер г1алахалда г1азул г1ансал ч1ун,
Г1унараб дуниял дий хьундаллъана.
Хьухьикье моц1 г1адин г1едег1ун т1ерхьун,
Ана г1олохъанлъи г1асруялъ бачун.
Бач1араб г1асрудул г1олохъанлъигун,
Г1амал данде ккеч1о дир херлъиялъул.
Хириял г1адатал г1ад гьаруна гьелъ,
Г1аданлъигун намус нахъе рехана.
Нахъасан реч1ч1улеб гьой г1адин к1анц1ун,
К1обок1ана гьелъ дир гьудулаб херлъи.
Херлъиялъ салам кьун свана рек1елъ ц1а,
Рик1к1ада хут1арал хвана анищал.
Хивалазгин хьулаз хьваг1ун тана квер,
Хьварана дир г1умру г1асру бащалъун.
Къо лъик; г1олохъанлъи, къо-мех лъик1 г1асру,
Г1едег1е терезе тарихалъулъе.
Тире г1олохъанлъи тарихалда гъорлъ,
Талих1аб щванин дуй бак1 г1асруялъулъ.
Къоабилеб г1асру г1умрудул гьудул,
Гьари буго дуде дир ахирисеб,
Аниги к1варич1ин дир г1олохъанлъи,
Г1аданлъи, ях1-намус нахъ буссинабе.
САИД ОРДАШОВ
Свидетельство о публикации №120062804762