Рищиязул къо
Ришватазул х;алт;ул х;асил лъалеб къо.
Х;илла-макруялъул кумекалдалъун
Кандидатасухъе мандат щолеб къо.
Мискин пакъирасул къимат бугеб къо,
Къват;ир рик;к;ад ругел рак;арулеб къо.
Рик;к;ине г;агарлъи г;емерлъулеб къо,
Г;емерал х;ухьлазул х;алал лъалеб къо.
Х;алай рахъаразул данделъабазда,
Доб пудариялъул пайда щолеб къо.
Пардав гьоркьоб гьеч;ел гьерсаз бекьараб,
Гьаркьазулаб бач;ин бак;арулеб къо.
Бак;алъул ханлъи щун щулалъулеб къо,
Щулияб харбие хилиплъулеб къо.
Халкъалда т;ад михир гиризабизе
Маргъал т;ун гъирадулъ гъеж гурулеб къо.
Гъурщазухъ к;ал гъирун, гъирадулъ кьураб,
Гъаримасул гьаракь гьоркьоб унеб къо.
Гьерсазде божизе бажарич;езул
Бюллетенал дагьлъун даг;ба кколеб къо.
К;ирахъалъул гьудул гьедарулелъул,
Гьудуллъи цояб т;ун т;ад релъулеб къо.
Т;адагьал гьуразухъ гьарзаго щварал,
Гьаркьаз разиязул рохалилаб къо.
Кьурал раг;абазе раг;ги балаго,
Раг;дукь депутатал даимлъулеб къо.
Даг;ба-раг;иялда г;адамалги тун,
Г;арщил киниялда кеп босулеб къо.
Ккараб х;асилалъул х;исаб гьабулел,
Х;илла-макруялда т;ад рекъолеб къо.
Т;екълъи къокъид къват;иб ч;вазе гьабулеб
Ч;ахъаги "рит;ухъал" рищиязул къо!
САИД ОРДАШОВ
май 2000 сон
Свидетельство о публикации №120062507704