Гъурщазул гьунар
Гьаб дунялалда гьеч;о,
Гьезулгун къиясалъе
Къуватго батиларо.
Къадарлъи, х;алихьалъи
Х;асаблъун ч;езабула,
Х;илла-макру ц;ик;к;арав
Ц;одоравлъун гьавула.
Ц;али-хъвай гьеч;есулцин
Гьез хъулухъчи гьавула.
Хъаравул к;алт;а тараб
К;алг;а базе т;амула.
Г;айибал гьез рац;ц;уна,
Ц;ар раг;ине гьабула,
Ц;аруй г;оло хьвадулел
Хьолбода ч;езарула.
Хьвадизе гьез малъула,
Мисалиял гьарула,
Мискинзаби квегъизе
Кумекалъе ратула.
Кодор гьел г;емерасе
Г;емерисел къулула,
Къо лъик; гьабун гьез тарав
Талих;алъги рехула.
Тохасул г;унгурт;аби
Г;адлъизе гьез толаро,
Г;адилав гъаримасул
Гъалат;ал гьурщун рала.
Гьересигин пудари
Пагьмулъун ч;езабула,
Пасих;ав мискинасул
Мац;алда г;айиб ч;вала.
Гьез чанги г;абдаласул
Г;акъил вахъинавула,
Г;аданлъиги чилъиги
Чвантинисан т;убала.
Чанги х;ажруясулги
Х;аким вахъинавула,
Х;илла-рек;к; рекъезабун
Рит;ухълъи т;екъ гьабула.
Т;олабго халкъалда т;ад
Ханлъиги эз гьабула,
Хадур рекеризарун
Рах;атги хвезабула.
Хивалал г;емер гьарун,
Г;умру г;едег;изабун,
Г;адамазе замана
Г;езеги эз толаро.
Мац;ихъаби ц;унула,
Ц;огьал рахчизарула,
Кунч;араб ц;ваялдаса
Ц;вах;ди к;одо гьабула.
Х;алихьатал ишазе
Изнуги гьез батула,
Ихтияр бокьаралъе
Бигьаго балагьула.
Берда бихьун т;атараб
Т;екълъи рит;ухъ гьабула,
Риди т;аде ккезабун,
Т;орахь гъоркье бачуна.
Жудеда бер ч;варасул
Берал кенч;езарула,
Кодор кквезе щварасул
Шагьват бахинабула.
Бахилазул кверазул
Килщал т;урт;узарула,
Киг;ан х;алимасулцин
Х;ал хисизе гьабула.
Х;алхьи рек;ей хвезабун,
Рик;к;аде хьулал рит;ун,
Хьолбода илбис бухьун
Инсан хисизавула.
Макьилъ рихьаниги гьез
Хьими к;анц;изабула,
Хьолбода жал ч;арасул
Ч;ух;и ц;ик;к;инабула.
Маслих;ат-сух;алъулъги
Сих;ру азул бергьуна,
Судалъул статьябицин
Сверизарун хисула.
Сурав босулесулцин
Къалам кодоб сорола,
Къвалакьан къерщелаго
Къват;ире гьел раккидал.
Гьез, кодор рак;лъанаг;ан
Рак;ал т;адагь гьарула,
Рик;к;ен г;емерлъанаг;ан
Г;амал хисизабула.
***
Кодор гьел камурасда
Костюмцин рекъоларо.
Кисабахъ гьури пуни
Парталго сурукълъула.
Пашманлъиги рохелги
Рекъезе гьез гьабула,
Рукъалъул къварилъаби
Къват;ирехун ах;ула.
Къват;ул гьоялъецини
Гьав рихарав вук;уна,
Гьороца унеб жоцин
Асул бот;рода щола.
Бац;ица чияр рехъалъ
Чахъуги асул ч;вала,
Чияр г;айибазухъцин
Г;ак;а асда къот;ула.
Г;агарал-божаразул
Божилъи асде хола,
Бажари гьеч;евилан
Гьудулзабаз рецола.
Гьит;инаб г;айибцини
Г;адамазда т;атуна,
Т;аде жоялъе жеги
Жиндиргояз какула.
Г;акъилал пикрабицин
Пакъирасул х;аларо,
Пайдаяб ишалдецин
Ах;макълъиян абула.
Ах;изе кколелъуве
Киназдаго к;очона,
Кири гьеч;ел т;адкъаяз
Т;оцеве валагьула.
Т;ад рет;араб чухъацин
Чидае бег;укълъула,
Чол бадисан кинигин
Куцго сурун вихьула.
Недегьаб х;айваналъцин
Х;алал асул рихьула,
Х;инч;-гъедоялъги цини
Гъарим ват;а гьавула.
***
Гъурщал г;емерлъарасул
Г;унгурт;аби дагьлъула,
Г;адамазе к;одолъун
К;алъазе пагьму щола.
К;удияб х;урмат гьабун
Х;елулез сверун ккола,
Х;алай рахъине къач;ан
Къойилго аск;ор ч;ола.
Къадру-къимат ц;ик;к;уна,
Ц;одоравлъун рик;к;уна.
Ц;ерг;адин г;агарлъиялъ
Г;акълу асда ц;ехола.
Рет;анщинаб рекъола,
Рукъалде нур бач;уна.
Хъизан-агьлуялъулго
Адаб-х;урмат гьабула.
Талих; бугев чиясул
Чунтбухъ гьел камиларо,
Кибехун хьваг;арабги
Хьоп гьесул гьурмалъ щола.
Гъурщазул г;адаб гьунар
Гьеч;о гьаб дунялалда,
Гьезул г;ахьаллъи гьеч;еб
Гьеч;о щибго ракьалда.
Сират;алъул кьода гьел
Кьолеб г;адат батани,
Кьог;аб г;умру г;еч;елъуб
Г;азаб жужах;алъубги.
САИД ОРДАШОВ
Свидетельство о публикации №120062507667