Хъах1ал къункърабазде

Щибаб хасалихъе хал ккола дица
Хинал улкабазде унел къункърабахъ,
Къокъабиги гьарун гьаваялдасан
Къокъунел гьайбатал гьезул боязул.

Боял, боял гьарун гьел къокъунелъул
Къварилъула дир рак;, къулула бет;ер.
Къадаралде щварал щинал бах;арзал
Щолел ратилин ккун кквезе гьезулъ бак;.

Ккола дида доба т;адгьаваялда,
Т;елазул халалъи халлъараб мехалъ,
Хвел гьеч;ел бах;арзаз ц;иял бак;ал ккун,
Ц;ик;к;унеб батилин къадар гьезул-ан.

Доба борхалъуда хъах;ил зодисан,
Хъах;ал къункърабазде сверарал васаз,
Салам бугин кьолеб гьаркьахинаго,
Гьаб ракьалда тарал кьерилазеян.

Кьерал, кверал гьарун къокъунел т;елаз,
Къо лъик; бугин нилъей гьабулебилан.
Къанабакь гьеч;ин жал, гьанир ругилан,
Гьабулеб лъай бугин, лъик;го рук;аян!

Т;ерхьунеб къокъадул къокълъулеб мухъда
Къваридго хут;ула хадув валагьун.
Хут;иладаян дун дозул хал кквезе
Хаслихълъи т;асияб т;аде щвезег;ан.

Къункърабазул т;елал т;ерхьун арабго
Т;амула пашманаб рек;елъе пикру
Пархилев ватилин дунги цо къоялъ
Цадахъ къокъунезул къапиладулъ-ан.

Къокъунел къункърабаз къо лъик; гьабидал,
Къварилъараб рек;елъ решт;уна божи,
Бах;арзал холарин хабалъ лъуниги,
Халкъалъул рек;елъ гьел ругин ч;аго-ян.

САИД ОРДАШОВ
Май 2020 сон


Рецензии