ДУН Ч1УХ1АРАВ ВУГО

Дун ч;ух;арав вуго миллаталдаса,
Миллат дир маг;арул батиялдаса,
Муг;рузда т;ад ц;умаз т;авап гьабулеб
Т;алъиялъул васлъун ватиялдаса.

Вуго дун вохарав ват;аналдаса,
Ват;ан дир Дагъистан бук;иналдаса,
Диналъе бечедаб, Бичас ц;унараб
Бак;алъа чи дунго вук;иналдаса.

Вуго дун вохарав, вуго ч;ух;арав,
Ч;анк;алгун Мах;мудил миллатцояван,
Мах;ачил ц;аралда хъала тарихалъ,
Тахшагьарлъун гьабун батиялдаса.

Бах;арзал къач;алеб къебелъи г;адаб,
Кавказалда жаниб жиб рак; г;адинаб,
Рух;ияз ц;унараб, рах;матаз ц;ураб,
Ракьалда вижун, г;ун ватиялдаса.

Шамилил хвалчаца халкъазда лъараб,
Хадуб Х;амзатица х;айран гьабураб,
Х;алхьун тушман теч;еб, тарих бечедаб,
Талих;аб ракьалда вижун ватиялъ.

Вуго дун ч;ух;арав дир халкъаздаса,
Хасго аваразул бах;арзаздаса.
Халкъаз къиматалда къабул гьавурав,
Къадруяв Расулил ракьцоявилан.

Дун ч;ух;арав вуго кьурабаздаса,
Кьерал гьарун ч;арал гьал муг;руздаса.
Миллатал г;емераб г;аммаб рукъалъул
Г;ат;идаб, ракълилаб г;умруялдаса.

Рихьулищ жакъаги нилъер бах;арзаз,
Бергьенлъаби ругел росулел кирго?
Раг;улищ рехсолел ц;и-ц;иял ц;арал,
Ц;ерг;адин мац;азда муг;рул ц;умазул?

Дун ч;ух;арав вуго миллаталдаса,
Маг;арул машгьурал г;адамаздаса,
Г;аданлъи, ях;-намус бац;ц;ад ц;унарал
Ц;умазулаб улка дир ват;анилан.

САИД ОРДАШОВ


Рецензии