Эбелалде
Рик;к;ине щварабго щаклъи ккола дир,
Щуявго васасул сайгъатал ругин,
Соназ данде гьарун дуца ц;унарал.
Ц;ик;к;ун ратарабго рук;к;арал кьерал,
Кьерт;ун валагьула гьезухъ нечадго,
Нижер г;айибазул г;узрабаз лъурал,
Лъалк;ал ратилин ккун раккарал къват;ир.
К;азикьан раккарал хъах;ал расазги,
Хъвала дир рак;алда рук;к;еналъ г;адин:
Ратизе гурин гьел нижер гъалат;аз,
Гъалазда гъорлъ тарал гъулбасалилан.
Гъулукал беразулъ бихьула дида,
Бахьи г;ураб бихьун г;орц;ун гьеч;еллъи.
Г;ажаибаб берзул балагьиялъулъ,
Баянлъула рек;елъ бугеблъи рокьи.
Бах;араб замана зах;мат иналъул,
Загьираб гьеб х;асил халлъула рек;елъ.
Х;алхьи хвезабурал хасалил сардаз,
Свине гьабураб нур ссудула каранлъ.
Х;еренал квераца кодоре рачун,
Кинида рущарал щуялго чанц;ул?
Ч;амун кваназе кьун, кинидахъ к;усун,
К;ик;араб чан гьулак квер собозег;ан.
Рахъун кинидасан карандеги къан,
Канлъи биччазег;ан бачараб чан ахх?
Бадисан гирулел маг;ил гаралгун,
Гор чанц;ул сверараб сардил макьу тун?
Сабураб гьурмадул гьимиялда гъорлъ,
Гьит;инабго т;анк;алъ т;атинабула,
Т;олабго г;умру кьун г;езаруниги,
Г;ураб жаваб нижер жеги щвеч;еблъи.
Щуявго васасул баркала эбел,
Бах;араб г;умру кьун г;езе гьарурай.
Г;азизай, х;алимай, х;еренай эбел,
Дур х;урмат ц;унизе х;адур руго ниж.
Саид Ордашов
2011 сон
Свидетельство о публикации №120061400758