Мац1ихъабазде...

Температура бахун, унти х1ехьолареца,
Дару- сабаб балагьун, гьелъий г1амал гьабула.
Жужах1алъул ц1аялъул баг1ари гьалаглъидал, 
Ц1орораб лъимги  босун аск1ове щив  ах1илев?

Мац1- х1ет1 гьабун, ц1огьодун,
Рос лъади рат1а гьарун.
Росо сверун, гьеч1езда, 
Бугьтанал лъун гаргадун.
Мунагьазул гьиралгун,
Гьаваялда роржанхъун.
Ннарул к1алахъ рортидал,
Къват1ире  лъица  ц1алел?

Бидулъ адабгун х1урмат абадиялъго гьеч1ез,
Чияр чаг1азул къадру, къимат кинан  борхилеб?
Гьеч1ел г1айибалги ч1ван чи къварид гьавизег1ан,
Дурго рукъ, агьлуялъул тадбир кин ц1унулареб?

Жодор квешал пишаби
беразда рихьуларел,
Чияр бадиб унеб  г1уч1  ч1алойилан ах1долел!
Ч1агого дунялалда, ц1адаре жал к1анц1улел,
Х1исаб суалалъул къо, бук1ин щай к1очон толеб?


Рецензии