Босуге кодобе ккеч1ого ярагъ
Керен умумузул унтизе гьабун,
Унге г;олохъаби г;алхул рохьахъе,
Чанил къисматалъул къварилъудасан.
Къулизе т;амуге т;огьал г;одоре,
Т;аде къо ккеч;ого къварилъи бачун,
Къот;изе те кьвагьи, кьижун те питна,
Кьог;лъун бугин кьвагьи гьал кьурабазе.
Кьвагьуге, кьвагьуге, кьологе питна,
Кьерхине гьабуге гьава муг;рузда!
Лъоге, гьари буго гьал дур муг;рузул,
Гьадинги рекъдилеб ракълида ругънал!
Унге, унге кьаллъун кьурул нохъазде,
Кьог;аб къисматалъул къварилъудасан.
Къвек;ал ц;умаз хъамун хъвекал рещт;арал,
Хъинсалъ батулареб талих; ц;ехезе.
Борчунге черхалда чорокаб ярагъ,
Чохьол улбул хадур угьдизе гьарун.
Унге г;олохъаби г;алхул рохьахъе,
Г;умру г;ужие гъун г;ажал босизе!
Г;азул т;аргъал лъурал т;огьазул адаб,
Т;авап гьабун ц;умаз ц;унараб т;алъи,
Ц;вабзазул кунч;идул канлъи свинабун,
Ккеч;ого ярагъ бан бец;лъизабуге!
Русса эхедехун рихьизе муг;рул,
Маг;ица риччарал ругъназул ц;олел.
Ралагье къват;азухъ, къач;ел кавабахъ,
Кинидухъ къуларал къорол руччабахъ!
Къуле г;одорехун, г;одоблъиялда
Г;одун свакаразул синкъи раг;ине.
Сабру цциналдаса цебе гьабулез
Цаби данде къалеб къирщигун цадахъ!
Къине те маг;ил г;ор г;одоблъиялда,
Г;айиб гьеч;ел бераз бух;араб т;олеб!
Бида релъарал те лъарал т;ок;к;ине,
Лъукъарал муг;рузул маг;ица ц;урал!
Муг;рул т;огьазда те т;егьазе рокьи
Т;ок;алъ киданиги камиго гьеч;еб.
Бакизе те канлъи Кавказалдаго,
Киназулго рак;ал гвангъизарулеб!
САИД ОРДАШОВ
2011 сон
Свидетельство о публикации №120060800737