Ахирисеб сапар

Чанги багьадурас бухьараб сапар,
Бухьине дицаги доб дунялалде.
Дунялалъул къокъал къоязул цояб,
Къваридаб бач;инеб, къокъунеб цо къо.

Къадар Бичас кьураб болжалалде щун,
Боржун инеб дир рух;, рехун дунги тун.
Рикъзи Бет;ергьанас т;убан къот;игун,
Т;ок;алъ лъалхъич;ого бахъилеб дир рух;.

Дидасаги лъик;ал лъурал къанабакь,
Къадар къабул гьабун къанщилев дунги.
Къваридаб нуц;ихъан, хъорщодаги къан,
Къват;иве восулеб бач;ина саг;ат.

Сапар ахирисеб ахираталде,
Ирга т;аде бач;ун, бухьинеб цинги.
Цадахъ росу бахъун, хъорщол молода,
Хъамун, восун инев иргадал хисун.

Хобалде аск;ов щун, рещт;ине гьавун,
Ракьул гох; т;ад т;упун, т;овит;илев дун.
Т;огьиб заниги ч;ван, ч;ваднивги т;амун,
Т;аде ракь балебги бач;инеб заман.

Занидухъ эхетун, иргаялда ч;ун,
Ирсилаз босилеб балеб зигара,
Бит;араб нухалда т;овит;агиян,
Т;аде рач;аразги росилел кверал.

Кинабгоги т;убан т;ад руссун унел,
Т;упараб ракьул гох; т;ад дидаги тун,
Т;аде хьвади къот;ун, къулгьу гьаби тун,
Къокъид рехун телеб толидул т;алъи.

Т;упараб ракьул гох; т;епун арабго,
Т;олабго хобалда, хер бижарабго,
Бежун бакъалъ къанил кьер хисарабго,
Кьибил-тухумалда телев дун к;очон.

САИД ОРДАШОВ
@avar_poet
Ичичали росу


Рецензии