Пачалихъ биххизабурал коммунистазде
Инкъилаб бахъарал бах;арзал индал,
Бечедаб х;укумат х;улунги рехун,
Х;урухъ бана дунял "демократаца".
Капитализмалъе кавуги рагьун,
Какана замана "застой"-ан абун.
Загьал законазул зарукье бачун,
Зурана мискин халкъ мисал гьеч;ого.
Щулияб кьуч;алъул кьуро биххизе,
Кьварараб жаналда жигарги бахъун,
Жал демократал-ан Думаги г;уц;ун,
Дагьалги квешлъана гьал "коммунистал".
Киналго г;ахьаллъун г;асруг;ан мехалъ,
Г;езабун бук;араб, г;уц;ун бук;араб,
Г;аммаб маг;ишалъи ма-йиланги кьун,
Мехтизе гьаруна гьаз Олигархал.
Эркенлъи кьолеб-ан кьилиги т;ад лъун,
Кьалуй корги боркьун кьабуна гьаз ц;ал.
Ц;и гьабун г;уц;и-ян ц;ар гьалдеги лъун,
Ц;огьал т;аде т;амун т;у-т;уна улка.
Т;олабго халкъалъул хазинабазул
Ханзабилъун рахъун хъамалчаг;аца,
Хъублъигун чороклъи чумартги гьабун,
Чара хвезабуна халкъалъул гьанже.
Марксилгин Энгельсил эркенлъиялъул
Энциклопедиялъ пайда кьеч;илан,
Партиязде рикьун, парламент г;уц;ун,
Политиканаца квегъана улка.
Кверщел кодоб щвезе щвараб г;ишкъуялъ
Г;едег;изарулел руго рищиял,
Ришватазул ц;айи ц;адирабазда,
Ц;ик;к;инабуразухъ буго бергьенлъи.
Бичун лъай босарал бегавулзабаз
Бегунисан бахъун бугеб пачалихъ,
Бечелъи щварабго щукру к;очараз,
Щулаго квелъги ккун буго квегъулеб.
"Коммунистал" рук;ун, рак;алда бух;ун,
Руссараз дагь-дагь ккун демократазде,
Даран-базаралъул бизнесал рагьун
Бачана т;ад михир мискин халкъалда.
Ихтиярал рикьун, ресал рак;арун,
Эркендармал дарсал дуризе гьарун,
Демократиялъул кункьбиги т;ад гъун
"Коммунистал" руго роржунел гьанже.
Рижулъго даимал демократал-ан,
Депутатаз руго хъвалел законал.
Зарукье буссараб беццаб халкъалъе,
Беццун капитализм канлъулеб гьеч;о.
Партия туридал тарбия щварал
Такъсирчаг;аз буго чункулеб улка.
Чучал коммунистал квердеги росун
Кеп буго босулеб бакъ т;ерхьул рахъалъ.
Марксизмалъ куцарал коммунистазул,
Кинал демократал, дида лъаларо.
"Демос" бидулъ гьеч;ел бюрократаца
Бачинеб кин улка эркенлъиялде?
САИД ОРДАШОВ
1998 сон
@avar_poet
Свидетельство о публикации №120060807093