Рахъине анищ дол умумул жакъа

Рахъине анищ дол умумул т;аде,
Унго жакъа къойил къисмат бихьизе.
Къот;изе анищ доз диван нилъее,
Дозул раг;адазул раг;ал хут;ич;ел.
Раг;ине-ан дозда дуниялалда
Дагьлъулеб ях;алъул х;ухьладул угьи.
Унго лъазе анищ лъугьа-бахъиназ,
Лъолел ругел ругънал ригъулел рук;ин.
Рук;арал анищ дол ч;ах;иял нахъе,
Ч;агого холарел хвасар гьаризе.
Хвеч;ел анищ херлъун хараби нилъер,
Хвелароан хатир хут;илаан ях;.
Хисизе анищ гьал хиянатчаг;и,
Хабал агьлуялъе анц;го цоясухъ.
Абадиялъуре рит;изе анищ,
Рит;ухълъи рихарал хиянатчаг;и.
Хабал агьлуялде ах;изе анищ,
Ахираталдаса т;ад руссайилан.
Т;аг;унеб намусалъ нахъе тарал ниж,
Наг;анабазде ккун какулел ругин.
Араб г;асруялъул г;адилал ц;умал,
Г;адлу нужер анищ жакъаги нижей.
Жах;да-х;усудалъе х;аракат балез,
Х;урухъ бараб дунял данде бачине.;
Намус ц;унун арал, ц;арал хут;арал,
Ц;вабзазда лъик; аниш рихьизе жакъа.
Рагъ лъазабич;ого лъолел гьал ругънал,
Лъаларев тушманас талих;алда т;ад.
Ц;вабилъунги кенч;он канлъи бакарал,
Кир ругел жакъа нуж, щай рач;унарел?
Ц;ияб г;уц;ийилан г;анграз бекьараб,
Г;ала-гъважаялъе г;адлу гьабизе.
Гьаб жакъасеб къойил къосараб къисмат,
Къисас лъихъа босун бит;изабилеб?
Бит;илеб лъихъе квер кумек гьабеян,
Киналниги ц;адулъ рух;улеб мехалъ?
Лъиде ах;и балеб х;алай рахъаян,
Х;акъикъат къосараб къисмат нахъ ч;вазе,
Къабих;ал ишазул асирлъуде ккун
Улкаго хьуц;илъе т;ерхьунеб мехалъ?
Т;олазего г;узру г;амлъараб мехалъ,
Г;амал кинан гьабун ккелел ниж рит;ун?
Рак; лъиде чучилеб чара хварабго,
Чилъигун г;аданлъи г;адлъараб мехалъ?
Рахъине анищ дол умумул т;аде,
Жакъасеб къоялъул къисмат бихьизе.
Къабуллъизе анищ коч;ол анианищал
Кинабг;аги мадар бук;инарищан.
САИД ОРДАШОВ
ИЧИЧАЛИ


Рецензии