Бук1араб лъик1, кколеб квеш

Лъик;лъи х;ехьезе лъач;ез
Квешлъи х;ехьезе кколин,
Кидаго раг;унаан
Абулеб умумуца.

Амма кин абуниги
Кант;уларел цо-цояз,
Квешалде кверал регьун
Ккезарула балагьал.

Бокьараб щинаб щвараб
Щокъроса к;анц;аниги,
Щваралда г;ей гьеч;ого
Г;ала-гъважа бекьула.

Гьез бекьаралъул бач;ин
Бак;аризе т;аде ккун,
Т;адеги Халикъасул
Халкъалда ццин бахъуна.

Нилъеда Аллагьасул
Ццин бахъараб заманалъ,
Зулму т;аде т;амулин,
Т;агьаяс бицун теч;ищ?

Халкъалъул аби буго
Аллагьас хъварабилан,
Амма г;амал гьабизе
Г;адамазда т;адаб-ан.

Г;азаважаллаясул
Жаниб х;укму камураб,
Х;икмат бук;унарилан
Бицунарищ кидаго

Бицунел г;адги гьарун
Г;амал квешаб гьабурал,
Г;адамал квешлъанаг;ан
Квешлъула заманаги.

Квешлъабаз, г;асилъабаз
Г;адлу хвезе гьабураб,
Халкъ квешлъарабго гурищ
Квешав хан т;аде кколев?

Сон х;амидаса решт;ун
Жакъа джип рек;арасда,
Жиндирго х;асабалъул
Х;асилилан ккола гьеб.

Щайт;ан-илбисалъ гуккун
Инсанасда к;очона,
Аллагьас х;алалабцин
Х;ал бихьизе кьун бук;ин.

Кьуралда г;ей гьеч;ого,
Г;орц;идал ч;ей лъач;ого,
Ч;ух;дарани халкъалъе
Халикъасул ц;об гьеч;о.

Мич;ч;илъ хинк;ал гьаризе
Ханжу щолареб заман,
Щайдай гьал г;адамазда
Г;орц;идал к;очон толеб?

Г;одулел лъималазе
Лъим тун кьезе жо гьеч;еб,
Кьог;аб ракъул замана
Рак;алдейищ щолареб?

Рукъаби рараб рет;ел
Рет;изе щун рохараз,
Шукру гьабулаанин
Бицунарищ ч;ах;ияз?

Бет;ергьанас нилъее
Х;ал бихьизе кьураб жо,
Бит;ун х;алт;изабич;еб
Х;уруд ине гьабула.

Х;исаб гьабун бихьеха
Бокьанщинаб щварал нилъ,
Шукрудуй к;арчанлъани
К;оченарищ Бичасда?

К;варал мунагьал гьарун
Тавбуялъе тохлъани,
Теларищ нилъ Аллагьас
Арвах;аздаса рик;к;ад?

Гьалдаса квешаб заман
Кидаго бач;унгеги.
Бук;араб лъик;, ккараб квеш,
Ккаги абизе г;акса!

САИД ОРДАШОВ


Рецензии