дир къиматаб гегу
Каранзул рек!елъа нур загьирлъарай
Заманалъул нухда хиянат лъач!ей
Хазина йиго мун дие Хадижат
Муг!рул гьаваялъул сог!аб ракьалда
Сабурго къач!араб къиматаб гегу
Балаялъ бух!араб сверухълъиялда
Сабруялъул т!ири т!аг!амалъул ицц.
Чорхол намусалда сверулел къоял
Сахал мурадазул гьабулеб ургъел
Панаял саринал ссудулеб керен,
Сабурай г!агарай мун маг!арулай..
Рогьалил щубазул маг!ил гараца
Берцинлъи рагьула сверухълъиялъул
Рорхатал муг!рузул бисил т!анч!ица
Т!огьолаб ракьалъухъ рокьи гьабула.
Зодихъ гьаваялда гвангъараб бакъалъ
Маг!арул ясалде салам бит!ула
Парсазда хьухьараб нак!к!ул гьогьеналъ
Чилъи намусалъе сарин ах!ула.
Нак!к!улъа рах!матлъун ралел ц!адаца
Яц!алъи бицуна маг!арулалъул
Ракьулъа раккулел берцинал т!угьдуз
Т!амула халича
Свидетельство о публикации №120060306825