Рахьдал Мац1
Рахьдал мац; буго бижун
Бат;и-бат;иял мац;аз
Миллатазде бикьараб.
Мац;алъе хилиплъарав
Халкъалъе вокьуларо,
Хазина ц;унуларев
Ц;одорасда рихуна.
Рахьдал мац; лъаларесда
Жиндир миллат лъаларо.
Гьеб лъаларев чиясе
Чияралъулъ бак; гьеч;о.
Чияр мац; бицунесулъ
Берцинлъи бук;унаро,
Бицине лъик; лъаниги
Гьезуллъун лъугьунаро.
Миллаталъе чиярлъун,
Чияе бат;иявлъун,
Бат;а гьоркьов хут;арав
Халкъалъги рик;к;унаро
Рахьдал мац;алъ миллатго
Берцинлъизе гьабула.
Бицун гьеб ц;унулесул
Ц;ик;ун х;урмат гьабула.
Ц;уне, ц;уне рахьдал мац;,
Рек;ей бищун г;агараб.
Бице миллаталъул мац;,
Маг;на бит;ун бич;ч;унеб.
Маг;арул бечедаб мац;
Бичулев чияралъухъ,
Чарлъула г;адамазе,
Г;адлъула миллаталъе.
Умумуз хвезе теч;еб,
Хазинадуе тараб,
Хвезе тоге авар мац;
Эбелаб Ват;аналда!
Воре, ц;уне авар мац;
Ахх эбелалъ бачараб.
Умумузул бах;арзаз,
Би т;ун миллат ц;унараб!
Рахьдал мац; хвезе тани,
Халкъалъул миллат хола.
Гьеб хвелеблъи лъанани
Хваги дунги жакъаго!
САИД ОРДАШОВ
@avar_poet
С.Ичичали
Свидетельство о публикации №120053000192