Бет1ергьанасда дир гьари

Алх;амдулиллагь Аллагь,
Т;олго рецц Дуе буго!
Дур лагъзал ратиялда
Разиялги ниж руго.
Дур разилъи х;ажалъун
Х;елулел дуе руго,
Х;абибасул шафаг;ат
Щолеллъун гьаре Аллагь!

Шукру дуе Бет;ергьан
Бугеб нижее рохел,
Расуласул умматлъун
Исламалда ратиялъ.
Ах;мадил ирсилаллъун
Уст;арзаби рижарав,
Нижер ургъел гьабизе
Гьел ракьалде рит;арав.

Рах;му ц;ик;к;арав Аллагь!
Ц;уне ниж гьаб ракьалда
Рикьелал ккеялдаса,
Рагъ-кьал, питнабаздаса,
Пасатлъаби ц;ик;к;араб
Ц;адул балагьаздаса,
Дур ц;об-рах;му къот;арал
Къоял рач;иналдаса.

Я Рабби, дуниял тун,
Диналде г;агар гьарун,
Г;асилъаби рачахъун
Раче ниж иманалде!
Ургъелал бигьа гьарун,
Балагьал рик;к;ад гьарун,
Рик;к;ен гьеч;ел рах;матал
Решт;инаре ракьалде!

Рикъзи х;алалаб бикьун,
Х;арамаб рик;к;ад гьабе!
Х;ал бихьизе кьурабги
Кьог;лъизабуге Аллагь!
Кьуралда баракат лъе,
Бугелъе дуг;а гьабун,
Дуе шукру гьабизе
Щивасе тавфикъги кье!

Я, г;аламалъулъ Халикъ,
Халкъ бижарав Бет;ергьан!
Бит;араб нухалдасан
Ниж т;орит;еха Дуца.
Т;агьаясул баракат
Камизеги гьабуге,
Капуразул зулмудуй
Зуризеги ниж тоге!

Залимазул квешлъиялъ
Квегъиялдаса ц;унун,
Кидаго бит;араб ккун
Бергьине гьаре Аллагь!
Балагьал сабаблъун ккун
Сабруялде т;амуге,
Санайил ниг;матал щун
Шукру гьабизе т;аме!

Щивасе лъик;аб кквезе
Квешаб тезе тавфикъ кьун,
Тавбуялде киналго
Кант;изе гьаре Аллагь!
Ккарал мунагьаздаса
Мун т;аса лъугьа Аллагь,
Мун разияб гурелда
Разиял нижги гьеч;о.

Я Рабби, я Бет;ергьан!
Т;аса лъугьа нижеда,
Т;аг;ат-г;ибадат нижер
Г;ураб гьеч;олъиялда.
Г;узраби г;емерлъараб
Г;ажизаб заманалъул,
Заг;ипал лагъзал ругин
Гурх;а Аллагь, нижеда!

Дур гурх;алиде хьулгун
Хьвадулел лагъзал ругин,
Хьваризе тоге Аллагь
Иман нижер рак;азулъ!
Иманги щула гьабе,
Щайт;анги рик;к;ад гьабе,
Щибго тун нижер рак;ал
Дудего руссинаре!

Я Раббигин, я Ррах;им,
Рах;матал кьолев Аллагь!
Кье Дуца нижей тавфикъ
Тавбуялда рук;ине!
Талих;аб Иманалда
Ислам т;егьазабизе,
Т;ад лъурал х;укъукъалги
Х;акъалдалъун т;уразе!

Х;акъалда г;амал гьабун
Г;адлуялда рук;ине,
Г;асилъаби нахъч;валеб
Низамалда хьвадизе.
Нижер уст;арзабазул
Адаб х;урмат ц;унизе,
Ах;мадил суннатазул
Сан гьабулел рук;ине.

Сахаб, лъик;аб бокьизе,
Бокьараб щинаб кквезе,
Квешабщинаб рихине,
Рихарабщинаб тезе.
Таралдаса рак; буссун,
Рак; Аллагьасе х;елун,
Х;абибасул баракат
Бахинедухъ рук;ине.

Я Рабби, бихьизабе
Беццал нижер рак;азда,
Бит;араб бит;араблъун,
Бат;улаб бат;улаблъун!
Бит;араб т;аса бищун
Бат;улаб нахъ ч;вазеги,
Бет;ергьан Аллагь Дуца
Иман кье т;олазего!

Исламалда жаниса
Жагьиллъи лъугьинабун,
Жеги г;елму г;ат;ид кьун,
Г;алимал гьарза гьаре!
Г;елмуялда рекъараб
Г;амал гьезиеги кьун,
Гьезул нухазда ч;ч;езе
Нижее тавфикъги кье!

Ах;мадил умматалъул
Ах;макъал мунафикъал,
Мун рекъоларелда т;ад
Рекъеялдаса ц;уне!
Рикъзи баракатаб кьун,
Бараб какил кири щун,
Киналго муъминзаби
Мунагьалдаса ц;уне!

Я г;аламалъулго Хан,
Хирияв нижер Аллагь!
Ниж хвасар гьаре Дуца
Хабал г;азабалдаса.
Хвалилълъ рит;ун ккезарун,
Рух; иманалда босе.
Расуласул шафаг;ат
Щвараллъун рахъинаре!

Щвезаре мурадалде
Мун вокьарал щиналго,
Дуде г;асилъаразул
Г;азабалдаса ц;унун.
Г;арасаталде рачун
Х;исаб босулеб мехалъ,
Х;абибасул кумек щун,
Ккезаре Аллагь рит;ун!

Я г;аламалъул къадир,
Къудратияв Бет;ергьан,
Къабул гьабе гьаб дуг;а,
Гьаранщинасул Дуца!
Гьаранщинаб къабуллъун,
Къойил рах;матал решт;ун,
Ррах;манасул т;адкъаял
Т;уразе рег;унги те!

Амин Аллагь, Я Аллагь!
Амин Аллагь, Я Аллагь!
Амин, Амин, Я Аллагь!
Къабул гьабе Бет;ергьан!

Саид Ордашов
С.Ичичали
@avar_poet


Рецензии