К удияб Ват анияб рагъул ветераназе

Бач;унеб г;елалъе г;ат;илъиялъе,
Г;умрудул кьо лъурал кьалул бах;арзал.
Кьог;ав тушманасул талавурчаг;и
Туртинире рарал рагъул гъалбац;ал.
Гъаругъун решт;арал гъудузул боял,
Гъуризе х;ал къарал къвак;арал ц;умал.
Къелх;адул руккеллъун раккарал жундул,
Жужах;алъуре ран рух;арал васал.
Рух;азда, биялда барахщич;ого,
Бергьенлъи к;ванаг;ан г;агар гьабурал.
Г;алхул г;ангралг;адал гитлерилазул,
Гарбазда рахсал ран Рейхстаг босарал.
Баг;ар байрахъалъул бет;ерлъуда гъоркь,
Бикьарал эркенлъи улкабазего.
Улкабазул халкъал хвасар гьарурал,
Хунтадул чорокаб чумаялдасан.
Дунял г;ужий гъезе гъуждул гурараб,
Гитлерилаб фашизм щущазе гьабун,
Щущахъ дунял бараб Бернилалда т;ад,
Бергьенлъидул байрахъ парпазабурал.
Парадалда, маялъ, мухъилъ камурал,
Кидаго хут;ила халкъалъул рек;елъ.
Халалъила т;елал т;адгьаваялда,
Гьайбатго къокъунел къункърабазулги.
Кьог;ал раг;ул сонал рик;к;алъанаг;ан,
Рик;к;ен нужер кьералъ дагьлъананиги,
Даимлъуда щивго камизе гьеч;о,
Кунч;и дол ц;вабзазул ц;ик;к;ун гурони.
Баркула нужеда бергьенлъидул къо,
Байрахъ Рейхстагалда парпазабураб.
Паркъезе риччанте нужер каранда,
Рагъул шапакъатал щибаб маялда.


Рецензии