Школалъул выпускниказде

Сон гьит;инал т;анч;и, т;оцебесеб класс,
Т;огьол квац;иялъул карал т;огь г;адал.
Т;оцебесеб х;арп хъван х;айран гьарурал,
Х;исаб тархазулаб тадбир малъарал.

Талих;аб лъимерлъи лъач;огон арал,
Лъаг;ел анц;ила цо цадахъ биччарал.
Цоцазулъ гьуинаб гьудуллъи ккарал,
Гьалмагълъун щулияб тарбия щварал.

Тана нахъа санал, сверана заман,
Сунареб канлъул нур бакана нужелъ.
Бусен тун роржине т;анч;азе г;адин,
Т;аде къоял щвана къокъине гьанже.

Х;арп хъвазе лъаларел лъимал рук;ана,
Лъай гьоркьохъеб щвана, школа лъугьана,
Лъач;ого г;ун рач;ун г;агарал къадахъ,
Г;умрудул нухазул рикьуде щвана.

Кверал ккун рачунел лъимал рук;ана,
Лъач;ого г;олилаб г;ужде рахана.
Г;урда т;угьдул г;адин т;егьан рач;ана,
Т;ахьазулгун лъик;аб гьудуллъи ккана.

Гьанже т;аде щвана т;амизе заман,
Т;оцебесеб гали г;умрудул нухде.
Г;агарал къадазе къо-мех лъик; гьабун,
Къокъине г;умрудул сапаралъулъе.

Нух бит;аги нужей нижер г;олилал,
Г;умрудул халатаб сапаралда гъорлъ.
Сахлъи-рохелалъ нуж тогеги рехун,
Рахине борхалъи батаги х;адур!

Рахъаги васал нуж т;ад гьаваялда,
Т;авап гьабулезул гьудулзабилъун.
Гьал ясал киналго Кавказалъулго
Муг;рузул мусудулълъ мисалияллъун!


Рецензии