Баркула Байрам...

Хириял ракьцоял Дагъистаниял,
Баркула нужода т1аде щвараб г1ид!
Гьабураб г1ибадат, борхараб налъи, 
Хадубги  баркула  хирияб къоялъ...

Бусурманщиназул  к1алазул кири,
Г1аршалде АЛЛАГЬАС борхун батаги.
Х1ужраялъур  рахчун гьабураб т1аг1ат,
Сират1 бахулаго х1алай батаги

Бачараб зикругин  бит1араб свалат,
Ц1адирабазда т1ад  нужер бергьаги.
Бараб тагьажудги, ц1алараб джузги,
Алжанал рагьизе к1уллъун батаги.

Х1ежгун г1умраялъул борхараб налъи,
Г1адада хвеч1ого зодоб борхаги.
Киб хъурабги къурбан,  г1одоб теч1ого,
Къабул гьабун  хъах1аб нак1к1алъ босаги.

Нух, ицц къач1алелъуб, мажгит балелъуб,
Квер ч1ван биччан тараб  х1алалаб  боц1и,
Киг1ан дагьабниги ками лъач1ого,
Аза- азарида бахизабеги.

Херал, бесдалазе гъабураб кумек,
Кваранаб рахъалъа т1адги буссаги.
Унтарал, щокъазе кумекалъул квер,
Мах1шаралъул  къоялъ раг1адлъун ч1аги...

Закакаг1ат, сах1алъул сахаватлъиги, Сверухълъиялда т1ад нурлъун гвангъаги.
Наслу, тухум, херал, г1исинал нужер,
Гурх1алил х1оринир  чордезареги..

Бераца маг1у т1ун, кверал  цере  ккун,
Гьарарабщиналъе жавабал щваги.
Гьарзаго рах1матал рикьулеб къоялъ,
Рах1манас  дунгоги  гьоркьой тогеги!!!   

АМИН РАББАЛ
Г1АЛАМИН!!!


Рецензии