***

Муг1рузда-щобазда щолареб бакъул
Къвараг1ел гьеч1илан кин абилараб,
Киг1ан бананиги ракь биччулареб
Ц1адун пайда гьеч1ин кин бицинареб.

Гьединаб жо буго нилъер гьаб рогьи
Вокьулин абулеб, рокьи бихьч1еб,
Хьул бугилан абун, къвал балин бицун,
Къочизе щоларей гуржи-меседо.

Сордо рогьинег1ан алоян абун
Аллагьас бач1араб къойил к1алъалей
Къвараг1ун йигиш мун бице дие цо,
Царал г1амалалъул г1олохъанай яс.


Рецензии