с днем рождения зарема

Дуе т1огьол квац1и сайгъат гьабизе,
Балъголъи рагьизе гьунар г1оларо.
Ралъдал карачеллъун къват1ир гьурщулел,
Х1асраталъул ч1орал сайгъат гьарилищ?

Апрелалъ тIегьала киналго гъутIби,
Апрелалъ баккула тIоцебесеб тIегь.
Апрелалъ рачIуна тIад руссун хIанчIи,
Апрелалъ гьарула берцинал ясал.

Ясалазда гьоркьой жавгьар г1адинай,
Г1арцул баргъичалда наг1лъи г1адинай.
Недегьаб гьурилъун аск1ой ятулей,
Баркула Зарема мун гьаюраб къо.


Рецензии