Джалилов Алиасхабасде
Чияр г!адамазул г!амал хасият.
Г!ела нилъер Т1елекь роржани ц!ц1умал
Маг!арул васасул х!урматги гьабун!
Рогьалил щубазул маг!ил гараца,
Берцинлъи рагьула сверухълъиялъул.
Рорхатал муг!рузул бисил т!анч!ица,
Т!огьолаб ракьалда свери бахъула!
Нак!к!улъа рах!матлъун ралел ц!ц1адаца,
Вац!алъи бицуна Г1алиасх1абил.
Ракьулъа раккулел берцинал т!угьдуз,
Т!амула халича хун хадувгицин.
Умумул ч!ух!араб ях! намусалъул,
Канлъиялъ сверухълъи къалъизабурав!
Лъадал гьумералде т!аде къулани,
Анц!ила щуйида зодихъ моц! г!адав.
Инсанияталъе къабул гьабураб,
Къаг!ида чорхолъе меседлъун т!урав.
Дур сахаваталъул г!амал рехсезе,
Гьунар г!олареблъи лъала бич!ч!ула.
Свидетельство о публикации №120032209017