не смогу заснуть дуэт

    Сордо бач!аниги щоларо макьу
    Дир рах1ат бикъизе х1ал к1вараб дуда
    Т!ад юргъан баниги хинлъуларо черх
    Чапун унеб буго ургьиб гьинал рак!.

    Дургун къо лъик! гьабун къват!ий яхъиндал
    Къокъал нухал ц!ехон г!едег!ана дун
    Хекко нахъ юссине сапар бухьеян
    Сардил макьабаца кьуна дий г!азаб.

    Цох!о къо аниги духъ урхъулей дун
    Рокьи кин бикьулеб цойги ясалде
    Саг!аталъ кват!идал гьалдолеб дир рак!
    Гьаб балагьиялъ дий къорцин гъеладай.

    Мун гьеч!они гьеч!еб рокьул ц!аялде
    Г!едег!арав дида г!айиб щиб гьудул
    Цох!о къоги г!асру саг!атги моц!ал
    Мун цадахъ гьеч!ого гьеч!о дир талих!.


Рецензии