дун дур йигилан абе

Росдалго к1удияб гьари бач1индал,
Гьандихъе вачана гьудул вихьизе.
Сонаца бахчараб балъгояб рокьи,
Къват1иб гьурщун бугин къвариг1арас кквей!

Махмарул хамалъул байрахъал ч1ван те,
Дир гьудул сверараб жиб жиб сверуда.
Т1огьилаб къат1ипа т1аме гъокьмахилъ,
Т1анхазул си бан та рак1алде щвезе.

Росдай бокьи кьеч1еб кьварараб гъалбац1,
Бокьанищ берцинав дун йижараб ракь?
Лъиего гьимич1ел ц1ах1илал берал,
Нужер рак1 рекъанищ лъол кьурабазда?

Дир къадру ц1ц1ик1к1ине боржанхъулеб ц1ум,
Къаникье инег1ан дурлъун йик1ина;;!
Дир сси борхалъизе свер-свердулеб бис,
Сири базабула дур балайиялъ


Рецензии