дуэт мурада и зафара
Гьаниб бугеб хиралъи хазиналъун т1ибит1е.
Т1охал зодоре араб муг1рул лъарал г1емераб,
Г1елмуялъул нур бараб баркатаб дир Ч1арада!
Чорхолъ бугеб г1ищкъода баг1араб ц1а бакараб,
Рек1елъ рокьи гьарзаяб гьайбатаб мун дир Хунзах.
Аварг1урухъ г1ин бараб г1емераб къо бихьараб,
Къуват кибго машгьураб гьеб дур Шамилил район.
Гъуниб гьудуллъи бугеб лъебелазде г1агараб,
Хьаргабигун леваши вацлъиялъ квер бачараб.
Чабхъеназда г1ахьалаб Ах1улгох1да багъараб,
Бах1арчилъи ц1унараб бак1 буго унсоколо.
Маг1арул кьурукьлъиги кьварарал росабиги,
Г1аздал борхалъи бугеб буго доб Казбек район,
Устарзаби г1емерал г1умро жаниб берцинаб,
Г1ат1идаб ралъад г1адаб нилъер гумбеталъул ракь.
Свидетельство о публикации №120020404296