Ч1ег1ерал берал

Дидани инсуца абун бук1ана,
Беразухъ балагьун кколебин рокьи,
Кьалде рак1ги биччан, черх сорозег1ан,
Г1енекке г1акълудухъ лъалхъеги гьабун.

Х1алхьиго кьоларел, кьог1ал сардаца,
Цо дур ц1ар шурула, щибаб минуталъ,
Нурлъун сордо бихун дие кенч1олел,
Кидаго к1очениш, ч1ег1ерал берал.

Гьуинаб балаялъ вичун восидал,
Нусабго лагаялъ дудехун ц1ана,
Ц1ва лъун дий гвангъидал, каранда ц1а лъун,
Лъуг1иго лъалареб ц1адалъ вух1ана.


Рецензии