моя любимая Аза

Чияр пикрабазулъ къимат ц1унарай
Каранзул рек!елъа нур загьирлъарай
Заманалъул нухда хиянат лъач!ей
Хазина йиго мун нижее Аза;

Муг!рул гьаваялъул сог!аб ракьалда
Сабурго къач!араб къиматаб гегу
Балаялъ бух!араб сверухълъиялда
Сабруялъул т!ири т!аг!амалъул ицц.

Чорхол намусалда сверулел къоял
Сахал мурадазул гьабулеб ургъел
Панаял саринал ссудулеб керен,
Сабурай г!агарай мун маг!арулай..

Дуе г1умро кьеги йоххун хут1аги,
Т1убаги дур рек1ел к1удияб анищ!
Базе хъван батаги дуца нусго сон,
Рукъ роц1ц1ун хут1аги кидаго даим!


Рецензии