с днем рождения Умайчо

Вай дир кьибилалда шигIраби хъвалел,
Умумулги гьечIо кин ургъаниги.
Цоцахъа цоцахъе ирсалъе кьурал
Саринал ратичIо кин геланиги.

 Мун мугъ ч1валеб кьуру мун нижер чIухIи,
 ГIасрудал тIехьалъул тIоцебесеб мухъ.
 Нилъер мугIруз, гIораз, кьурабаз, сиртаз,
 Мунилан гуребищ ахIулеб бугеб.

Мун росасе лъади эбел инсуй яс
Лъималазе эбел гьеч1о мун г1адай.
Хабар бокьараца бокьахъе бице,
Нижерго Умайчол хъван тана дица.

Базе хъван батаги дуца нусго сон,
Т1убаги дур рек1ел к1удияб анищ.
Рукъ роц1ц1ун хут1аги даим кидаго,
Жеги к1одолъаги  нужер эб хъизан.


Рецензии