Ункъжугьаби

* Инхокъвари регьа, къант1ун раг1ула,
Къанц1ц1ун, ц1ураб моц1рол, лугбалги ракъван!
Ункъракьалда т1огьол кьер т1ун бугила,
Т1убач1еб дир г1ищкъул, г1ажалги т1ад ч1ван!

Регьадул лъеца рак1 сахлъилебани,
Иццул к1алт1а дица, к1алг1а балаан.
Балайялъе лъеца дару гьабуни,
Дун ралъдал т1инакье т1ивит1илаан


Рецензии