предатель

Досул  ц1ах1илал  берал,
Ялагьун дун г1орц1ич1ел.
Ана цойгиги ясалъ,
Гьел дихъа рахъун ана!

Дида йокьулилан
Г1индеги щурун,
Х1алуцун каранда,
Рак1ищ бук1араб?

Дидани доб  къоялъ,
Бич1ч1ун бук1инч1о.
Дур вуц1ц1ун ч1ч1еялъул,
К1удияб маг1на.

Дида г1айиб ч1вазе,
Бак1ищ батич1еб?
Мунагьлъун гьаюнин,
Дур балагьазулъ!

Дида рокьиялъул,
Т1аг1амищ лъач1еб.
Щулиял рахсаца,
Мунищ вухьарав?

Досул  ц1ах1илал  берал,
Ялагьун дун г1орц1ич1ел.
Ана цойгиги ясалъ,
Гьел дихъа рахъун ана!


Рецензии