несравнимая

Красой востокилан гьез ах1аниги,
Дур борхалъиялде чи вахунаро.
Гьаб Дагъистаналъул ц1вазбазда гьоркьоб,
Ц1ар дур балагьулеб свакан буго халкъ!

Мун г1идра т1егь йиго т1ад саву ккеч1еб,
Мун муг1рул милъиршо куркьбал г1едераб.
Роржен борхатго ккве пахрого хьваде,
Ц1вазбазулъ ц1ва йик1ин бихьизе гьабе!

Дур гьунар махщелалъ х1айран гьарураз,
Ч1ег1ераб жах1дадол къуч1би ч1ехьола.
Гьеб дур борхалъуде рахине к1веч1ез,
К1иг1аркьелал мац1ц1аз загьро биччала!


Рецензии